1. РачIун руго кагътал хундерил ханас
Гьидерил Хочобар Хунзахъе щваян,
ЧIахIиял рачIана, чIухIби рачIана,
Цо руккел гьабуна мажгитул кIалтIа.
5. – Унге, ле Хочобар, тIаде Хунзахъе,
Дуца умумул чIван васал ратила.
Дуца россаби чIван лъудби ратила.
8. – Абугеха, ле гьид, гьединаб рагIи,
ХIинкъунилан ккела дун гьев ханасда.
12. ТIадтарав ханасе хъвезе оц бачун,
Оцалъул лълъарада мусруги бухьун,
Къокъана Хочобар тIаде Хунзахъе.
13. ХъахIал къанабахъе дун щвараб мехалъ,
АхIдолев рагIана хундерил магъуш:
– ХIама бугелаца хIамица босе,
ХIама гьечIелаца магьица босе,
Хочобар вухIизе цIа багIарея!
18. – АссаламгIалейкум, хундерил къади!
– ВагIалейкум салам, гьидерил Хочбар,
МуртазагIалиги мун ватиларо,
Палил Зулфукъарги духъ батиларо.
ВачIине кин кIвараб, гьидерил Хочбар?
23. – МуртазагIалиги дир эмен вуго,
Палил Зулфукъарги дир хъатикь буго.
Щай дун вачIунарев, ахIун вугелъул?
26. – Вилълъа, ле Хочобар, ТIадгьоцIабахъе,
Ихтилат-кеп бугин, сухIмат-кечI бугин.
28. Гьениса рилълъана ТIадгьоцIабахъе,
ГьоцIу бакьулъ буго кIудаб цIулал цIа.
Ща сверун лълъун руго гьал гIолохъаби.
31. – AxIe, ле Хочобар, жергъен кьабун кечI!
Жергъен кьабун кочIой цIакъав рагIулин!
Къире, ле Хочобар, гьадил чагъана,
Чагъана хъвазе мун цIакъав рагIулин!
35· – Ва [546] лагьи ахIилел дица жугьаби, [547]
Жергъада кьабизе кверал ричани!
Таллагьи къирилеб гьадил чагъана,
Чагъана тадI лъезе бохдул ричани!
39· Жергъада кьабизе кверал ричана,
Чагъана тадI лъезе бохдул ричана:
41. – Гьалъал эхедесел рорхатал мугIрул,
Лъица гIиял рачун чIорого ругел?
Гьагъал эхересел оцазул ручнал,
Лъица оцал рачун мичIий руссарал?
Нахъа мегIер цIурал багIарал чуял
Лъица, ле, рачарал? – Хочобарица.
ГIумахан рекIунеб багIаргIаларча
Туфлисалде-нахъе рекIараб дица.
ГIумаханил лъадул дарайдул гурде
Гьадаб сивуниса босараб дица.
Гьидерил боялда къотIун бикьана,
Къелдерил гьанжое гьабгьизе [548] кьуна.
53. Гьединал гьунарал жинца рициндал,
Накалда рукIарал ханасул васал,
Цо-цояб къвалакье цо-цоявги ккун,
Хочобар кIанцIана цIадул бакьулъе.
57. – Дуе талихI кьеги, гьидерил Хочбар,
Гьаб ТIало дуй тела, мун гьанив тела,
КIиго гьиналъул вас вухIизе тоге.
60. – Нуж щайзе гIодулел, гIисин нуцаби,
Гьидерил Хочбарил гьан кьерилелде?
Щай нуж зигардулел, вай бесдал кагIи,
Гьидерил Хочбарил михъ чIурхIилалде?
64. ГIодугеян абе дир эбелалда,
ГIададани хвечIин гIундул къокъаб бацI!
Угьдугеян абе гIагарлъиялда,
БацIицани гIамал гIодоб рехичIин!
Сергей Румянцев Героический эпос и конструирование образа исторического врага
Война стала роскошью, которую
могут себе позволить лишь малые нации.
Ханна Арендт